Ветераны села
18.02.2020
Игьали росулъа Мух1амадов Г1абдурах1ман вук1ана К1удияб Ват1анияб рагъул
г1ахьалчи.
Гьесул вук1ана к1иго
вац:Г1умарх1ажияв ва Сапигулагь. Рагъ ккараб заманалда Сапигулагь унтун вук1ун
гьесул бак1алда рагъде ана Г1абдурах1ман.Гьесул бук1ана г1иц1го 18 сон.Фронталде
гьев ах1ана 1943 соналъул март моц1алда.Гьев ккана Ростов шагьаралде. Гьелдаса
хадуб,цадахъ рук1аразул баяналда рекъон,гьев ккун вуго асирлъуде.
1957 соналда гьесда
цадахъ вук1арав рагъухъанасул хабаралда рекъон Г1абдурах1ман ккун вуго Франциялъул
Марсель шагьаралде.
Г1абдурах1манил хадусеб х1акъикъат лъазе
к1веч1о.
___________________________________________________________
Г1алиев
Мух1амад вук1ана Багистанилги Г1алилги хъизаналда гьавурав,г1ага-шагарго 30
сон бач1ев г1олохъанчи. Гьесул рук1ана вац Г1абдулагь ва лъабго яц:Пат1имат,Хадижат
ва Жубайрат.
Мух1амадица лъадилъун
ячун йик1ана Хадижат ва гьезие гьаруна 2 яс-Баху ва Чакар.
К1удиялъ,ай Бахуца
г1иц1го 5 сон бан бук1ана гьев рагъде унев мехалъ. Гьев рагъде вит1улев вук1ун
гьеч1о.Гьесул цояб бер беццаб бук1ун буго. Гьереси документалги гьарун гьев
мадугьаласул ц1аралда 1942 соналъ рагъде вит1ана.
Гьесул ясалъ,Абулайсил
Чакарица рицана гьес цо кагътида хъван
рук1арал мухъазул.
Мух1амадица хъван
бук1ана гьадин: «Дида лъаларо кив вугевали,кире рит1изе ругелали.Дун
бач1инахъего ккана фронталде.Эбел,дида лъаларо дун нахъ вуссинищали.Дир яс Баху
рехун тоге».Гьесул эбел Багистан г1емерай г1одиялъ беццлъана.Ахиралдаги гьей
мугъалъе сакъат ккун босние ккана.
Гьел рагъда ругеб
мехалъ эбелалъ гьарулел рук1ана маг1аби. Гьезда гъорлъа росарал мухъал руго
гьал:
Боржунеб х1инч1алде хабар бит1ана,
Ал дир г1олохъаби ратуларищан,
Х1анч1ил милъиралда кагъат букъана,
Ч1аго ратанани,хабар бицеян.
Хун рук1ин лъалезухъ дун г1одуларо,
Г1урусаз чурхъич1ел,чудуказ квинч1ел.
Цо-цояз бицуна гьев ч1вала вихьанилан,амма гьесул
хабар бач1ана т1аг1аразул сиях1алда гъорлъ.
Ват1анияб
рагъда т1аг1арав Игьали росулъа г1олохъанчи Г1амирг1алиев Сайгидмух1амад вук1ана Г1амирг1алилги Пат1иналги
вас.Гьев вук1ана Алхасил тухумалъул вас. Гьесул рук1ана 1 вацги ва 3 яцги.
1943 соналъ гьев вит1ана рагъде. Сайгидмух1амад
рагъде инелде цебесеб соналъ хвана гьесул эбел.
Гьев вук1ана раг1и колев,къамартав бихьинчи. Рагъде
инелде Сайгидахмадица гьабун бук1ана ригьин,гьес ячана Х1алимат абулей
г1адан.Гьезул бук1ана к1иго
лъимер-Мух1амад ва Х1апизат.
Мунагьал
чураяв Мух1амад х1алт1улев вук1ана г1агараб школалда байбихьул классалъул
муг1алимлъун.
Мадугьалзабазул биценалда рекъон, Х1алимат
г1орц1изег1ан кванач1ила ва рах1аталда кьижич1ила. Гьелъ цониги гьабураб
лъимералда лъезе теч1о росасул ц1ар. Рагъда вугеб заманалда гьелъул росас
рач1унаанила г1емерал кагътал. Кагътазул цоялда хъван бук1анила харьковалъул
направлениелде щванилан.Гьедин г1умруялъго хут1ана гьесул хъизан ва лъимал
гьесухъ ралагьун.
____________________
Юсупов
Мух1амадх1ажияв вук1ана рагъде унев мехалъ 17
сон барав г1олохъан чи.
Гьесул вук1ана цо вац-Юсупил Мух1амад.Биценалда
рекъон Мух1амадх1ажияв вук1ана махсаро-хоч1 г1емерав,кополав чи. Гьесул
рук1инч1о жиндирго хъизан-лъимал.Гьесие абун йик1ун йиго Г1алил Пат1имат абулей
г1адан. Гьей ячине Мух1амадх1ажияв разилъун гьеч1о.Армиялде иналде гьесие
т1ок1ай яс абун йик1ун гьеч1о.Рагъдаса вусине цо моц1 хут1араб мехалъ,гьес
рокъобе бач1ун бук1ана ахирисеб кагъат.Тушбабазул руккелалде т1адеги ккун гьеб
бак1алда Аллагьасул къадар щун буго Мух1амадх1ажиясе.
______________________
Мутаг1илумов
Х1ажиг1абдулагь кола Таибатилги Мутаг1илумасулги
к1иабилев вас. Гьев рагъде вит1ана 1939 соналъ. Х1ажиг1абдулагь ккана Западная
Украинаялъул фронталде. Хъулухъ гьабизе ккана г1орхъода ,щвана танкистасул
хъулухъ.
Танк кьвагьараб мехалъ 50-60 чигун цадахъ гьужумалъ
унев вук1арав Х1ажиг1абдула зах1матго лъукъулва гьеб бак1алдаго холла. Гьесул
хоб буго Кривой Рог абулеб шагьаралда.
Рагъдаса гьесул бач1ун бук1ана к1иго кагъат,гьелги
руго школалъул музеялда.
Рагъде инелде ячун йик1инч1о ч1ужу. Эбел Таибат
лъимал г1исинго ругеб мехалъ хун йиго.Вац Г1алидибир хвана рагъдаса
вусиндал.Х1ажиг1абдулагь вусинч1о росулъего.Хвана 1943 соналъ.
______________________
Сулейманов
Г1алилав Малачиевич
Гьев гьавуна 1915 соналъ Унсоколо районалъул Игьали
росулъ.Г1алилав вук1ун вуго кутакалда къвак1арав,рак1 разияв инсан.1939 соналъ
Г1алилав ах1ана рагъде. Ункъго соналъ Ват1аналъе хъулухъги гьабун гьев росулъе
т1ад вусана. Хадуб гьес ячана Пат1имат абулей лъади.Гьезие гьаюна к1иго
яс:Залиха ва Сайгибат. Кват1ич1ого жиндирго яцалъул росасда цадахъ ва
росуцоялгун берцинаб хъизанги тун Г1алилавги Мух1маднурги ана рагъде. Гьеб бук1ана 1941 сон 1942 соналъ
гьес бач1ана кагъат живги Мух1маднурги цадахъ ругин ва ч1агого ругин. Гьелдаса
хадуб гьезул цонигиясул кагъат бач1инч1о. Хадуб Дарбищмух1амадил Мух1амад
абулев чияс бицун буго гьел к1иялго рагъда лъукъун рук1анин. Гьабсаг1ат гьел
к1иязулго ц1арал руго араб бак1 лъач1ого т1аг1арал рагъухъабазул сиях1алда
гъорлъ. Гьаб х1акъикъат бицана Мух1амаднурова Рах1имаца.
Х1асанил
Мух1амад
Росдал годек1аниб бугеб рагъдаса русинч1езул
х1урматалда гьабураб памятникалда щула гьабун бугеб мармаралъул гьец1оялда
рек1к1арал ц1аразда гъорлъ буго Мух1амадил ц1ар.
Мух1амадил вук1ана лъабго вац-Мух1амад,Г1аращ,Г1умар.
Гьел рук1ана эбел-инсул адаб бугел лъимал. Гьезул цояв-Даъистаналда ц1ар
раг1арав –Г1аращил Г1умар. Мух1амад ана
К1удияб Ват1анияб рагъде 1942 соналъ.Цадахъ рук1ана:Ражбадин,Ниязбег ва
Г1абдурах1им. Гьел ккана Сталинградалъул рагъде.Гьел рук1ана рагъул бищунго
зах1матал сонал ва Мух1амад ккана кор боркьараб рагъулъе. Гьеб зах1матаб
заманалдаги к1очорн толароан Мух1амадида рокъосел-лъималги,г1олохъанай лъади
Хайранатги. Лъабго лъимерги хьихьун зах1мат бук1ана рокъосезеги, лъадуеги.
Цадахъ гьабизе кколаан колхозалъул х1алт1иги.Фронталаса рач1унел кагътазда
Мух1амадица гьарулаан лъимал ц1унеян.Цо нухалъ гьес кагътида хъван бач1ана:
…Хайранат,дуда бихьизе бокьилаан гьаниб бугеб
х1ал,г1урус мац1 лъаларел нижги,киналго бич1ч1улел г1урусалги.Гьаниб бугеб гьаб
къабих1лъиги дица х1ехьей тамашаяб жо буго. Бук1аралъуб рагъги тун довехунг1аги
гуродай т1урун инаян рак1алде ккола дида…
Доб рахъин абулеб рахъ бук1ана Турция. Ниж
г1ажаиблъун хут1ана кинг1аги гьадинаб кагъат тылалде биччараб абун.
Ана моц1ал,амма т1ок1аб кагъат бач1инч1о Мух1амадил.Лъуг1ана
рагъ,амма гьев рокъове нахъ вуссинч1о.Цо-цо ккун фронталдаса рач1унезухъ
ялагьун хут1ана гьесул лъади Хайранат ва лъимал. Заман ана ,цинги бач1ана
кагъат-я ч1агоязда,я хваразда гъорлъ гьеч1ин.
____________
Г1исах1ажиясулги
Пат1иматилги вас Г1абдурах1им
гьавуна 1913 соналъ Унсоколо районалъул Игьали росулъ. Гьев вук1ана хъизаналда
бищунго к1удияв.Ниязбегги Г1абдурах1имги гьарилелде гьеб хъизаналда хун руго
анкьго лъимер,гьел мунагьал чурадалги улбузе ц1акъго хириял рук1ана.
1941 соналъ
Г1абдурах1имги Ниязбегги рит1ун ана
фронталде. Доб заманалда лъилниги бук1унареб бук1араб г1адинаб гъваридаб
лъсялъулги,г1акъилаб каламалъулги махщел бук1ана гьезул,х1исаб г1елмуги лъик1
лъалаан Г1абдурах1имида,гьединлъидал,гьев колхозалъул счетоводлъун вищун
вук1ана. Гьенив х1алт1улеб заманалда ах1ана гьев рагъдеги. Рагъда хъулухъ
гьабулаго гьесие кьун бук1ана гьит1инав лейтенантасул ц1ар.Армиялде инелде
гьесие гьарун йик1ана Мутаг1илунасул
Таибатил яс Баху.
Т1арамагъадисеб кагъат
гьесул бач1ун буго Тифлисалъул муг1руздаса. Гьев ч1ванин абула 1942
соналъ.Г1умруялъ эбел-инсуца ц1унана васазул рет1ел-т1ех ва рахач1о
нуц1а.Г1емер г1одиялъ бецлъана эбел,гурх1араз,имам бугез кумекги гьабун хут1ана
г1умруялъ эбел-эменги. Ахиралда рух1алица хвана Г1исах1ажиявги,Пат1иматги.
К1удияб Ват1анияб
рагъда араб бак1 лъач1ого Малачиев
Мух1амад Маалазул тухумалъул Малачилги Г1ащалги вас. Гьесул йик1ана к1иго
яц-Г1ащатги,Пат1иматги. Биценалда рекъон Малачил Мух1амад вук1ун вуго кутакалда
бихьинчияв,къо х1ехьолев,къвак1арав инсан. Т1ад валагьунги гьев вук1ун вуго
ч1ег1ерк1к1уяв,ворхатав г1олохъанччи.Угьдулел эбел-эменги,яцалги,хъизанги тун
1944 соналъ рагъде
вит1ана Мух1амад.
Гьев рагъде унеб мехалъ
гьесул йик1ана ячарай ч1ужу Чакарги,ич1го моц1 барай Пат1иматги.Гьей кола
мунагьал чураяй Султанмурадил хъизан Пат1имат.
Рокъоре рач1унел
киналго кагътаздаги Мух1амадица хъвалеб бук1ун буго воре дир яс
Пат1имат ц1уне,якъун тоге хур -рукъ бичунги хьихьейилан.
_________________
Ух1масулт1анилги
Пат1иналги цо вук1ана вас Гьит1инав
ва гьесул йик1арай яц Пат1имат-Шапиг1ил Ибрагьимил эбел. Рагъде гьев вит1ун ана
1940 соналъ.Фронталде инелде Гьит1инав Терекалда хандакъал рухъулев вук1ана.
Гьениса вит1ун ана рагъде. Х1алт1улеб
заман бук1ана ц1акъго квачараб,кьабураб газа нахъе к1анц1ун бач1унеб.
Рагъде инелде гьесие
абурай ч1ужу Пат1имат хвана,нахъеги гьесие абун йик1ана Къурбанил яс Илит1а.
Бицен буго Гьит1инасул эбелалъ киданиги кагъу рахач1илан вас къват1ив ч1ун
хут1илин х1инкъун.
__________________________
К1удияб Ват1анияб
рагъдаса т1ад вусинч1о Г1алисултанов
Сайгидах1мад.Рагъде гьев ана 1942 соналъ жиндирго к1удияв вац
Мух1амадрашадгун цадахъ.Инсуде ц1ар бук1ана Г1алисултан ва эбел
Пат1имат.Йик1ана цо яц Г1ащат.
Сайгидах1мадил рагъде
инелде рук1инч1о хъизан.Сайгидах1мадие
абун йик1ана Зубаржатил Пат1имат.Гьев рагъде инелде Аллагьасул къадар щвана
абурай ясалъе.
Гьезул г1агарлъиялъул
биценалда рекъон жиндирго к1удияв вац Мух1амадрашад лъукъидал Сайгидах1мадида
рак1алде ккола гьев ч1ванилан. Тушман ч1вазе рес гьеч1еб туманк1го щайин
Сайгидах1мадица г1одобги кьабун туманк1 гъурана.Т1уманк1 гъури сабаблъун ккун
вачун арав Сайгидах1мад т1ок1алъ лъиданиги вихьич1ила ва араб бак1 лъач1ого
т1аг1ана.
Просмотров всего: , сегодня:
Дата создания: 18.02.2020
Дата обновления: 18.02.2020
Дата публикации: 18.02.2020